Архив. Кавказ Апгъанистаналда чIван руго руччабиги лъималги. 19 октября 2012 Апгъанистаналъул Балх вилаяталда рузман къоялъ нухта бахчун тараб фугас кьвагьизабун, бертаде унеб букIараб автобусалде рекIарав 15 чи чIван вуго. Гьезда гъорлъ руччабиги лъималги. 18 чи лъукъана.