15 соналъ цебе рагIалде бахъана чачаназул кIиабилеб рагъ. Жакъа республикаялда ахIвал-хIал буго Рамзан Къадировасул администрациялъул тIолабго контролалда гъоркь.
Рагъ лъугIана, амма Россиялъул туснахъазда хутIулел руго пачалихъиял къуватазде дандечIеялде кинаб гIаги яги битIахъеб хурхен гьечIел нус-нус чачанал. Туснахъазда гьезие чIезарурал шартIал жужахIалда гIадинал ругин, бицунеб буго жиндирго хасаб программаялда Эркенлъи радиоялъул журналист Амина ГIумаровалъ.