Араб соналъул марталда Гъизляралда вацал ХIамзатовал чIваялда тIасан цIех-рех гьабиялъул ишалда сверун цIияб багъа-бачари унеб буго Дагъистаналда гьал къоязда. ЧIваразул гIага-божаразул гьариялда рекъон, гьеб такъсиралъул цIех-рех гьабиялъул иш тIаде босун букIана улкаялъул Жанубияб Федералияб мухъалда бугеб цIех-рехалъул комитеталъ, амма чанго моцIалъ цебе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялде тIад буссинабун буго гьеб. ЧIваразул гIага-божаразул адвокатазе хIинкъаби кьолел хIужабиги загьирлъун руго цадахъго.