Гьал къоязда МахIачхъалаялда волонтераз тIобитIана къватIахъ рукIунел гьаби кутул цIуниялде ахIулеб автопробег ва митинг. Гьеб тадбир гIуцIаразул рагIабазда рекъон Дагъистаналда гьел хIайваназдехун цIакъго вахIшияб бербалагьи буго. ЧIван гурони гьезул тIалаб гьабулеб, къватIахъа гьел ккун нахъе рачун, гьел хьихьизе сагIалъаби гьарулел гьечIо шагьаразул нухмалъиялъги. Гьеб киналъулго бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялда гьел къватIул кутузулги гьабзазулги тIалаб гьабулеб «ЗооЛайф» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулей Ольга Рябкиналъ.