АрбагI къоялъул къаси Гъалгъаязул республикаялдаса Чачаналъе ине букIараб инсанасул цIунулеб «ГIазабкьеялде дандечIараб халкъаздагьоркьосеб» комитеталъул хIалтIухъаби ва журналистал рекIараб микроавтобусалде тIадекIанцIи гьабун буго щалали лъаларел чагIаз. Автомобилалъул цIурдул гъурун, гьенир жанир рекIарал къватIиреги рахъинарун рухун руго гьел чагIаз, хадуб гьеб автобус бухIунги буго.