Чачан республикаялъул лидер Къадиров Рамзан Россиялда президент Владимир Путинидаса хадуб къуватаб политикияб фигуралъун жеги гьечIониги, абизе бегьула, гьев вугин Путинидаса хадуб жиндир цитатаби улкаялда машгьурав чийин. Гьединго абизе бегьула гьев цо Шималияб Кавказалда гуребги тIолабго Россиялдацин жиндир асар цIикIкIарав чи вугинги. Путин жиндир хъулухъалдаса нахъе араб мехалда рес бугищ Къадировас гьев хисизе?