Эркенлъи радио гІенеккулел регионазда унеб анкьалъ рахъарал суратал
Анкьил тΙаса рищарал суратал. Ноябрь, 19 - 25
1
Пакистаналъул Касаб росулъа цІалдохъаби унел руго цІоросоролъалда тІасан.
2
Гьал къоязда Пакистанлда талибаз гьабураб терракталъул хІассилалда хун вуго 36 чи. Шиитазги суннитазги Равалпинди шагьаралда цадахъ тІобитІулеб буго теракталъул къурбанал рукъиялъул церемония.
3
Гьаб сурат бахъун букІана 21 ноябралда Израилалъги Х!АМАС багъа-башариялъги ракълилаб къотІикъай гъулбасилалда цебе. Израилалъул гражданаз Сдерот шагьаралда аскІоб борхалъудаса хал гьабун буго палестинаялдаса биччараб кІиго ракетаялда хадуб.
4
Индиялъул махшелчи Сударшан Патнаикица лъугІинабулеб буго Мумбаи шагьаралде тІадекІанцІи гьабун хадуб цого-цо чІаго хутІарав МохІамад Аджамаль Касаб гІанкъизави вихьизабураб скульптура. Рехсараб теракталъул хІассилалда хвана 166 чи.
5
Варшава радалисеб наккалъул юргъаналда гъоркь
7
Палестинаялъул Газаялъулгун гlорхъода аскlоб бугеб бакlалда артиллериялъул гумпарабазда цебе израилалъул солдатаз балеб буго радалисеб как.
8
Газа. 21 ноябрь. Израилалъул авиакьаби щвезабун биххараб пачалихъалъул мина.
9
Гlарабазул пачалихъазул лигаялъул Генералияв секретарь Набиль Эль-Араби ва ХlАМАС багъа-башариялъул лидер Исмагlил Гьания щун руго израилалъул авиакьабиязул хlассилалда лъукъарал регизарураб Газаялъул азарханаялде.
10
Израилалъул авиакьабиялда хадуб.
11
Афгъанистаналъул Кандагаралъул лъималазул рукъ. 20-гlанаб соналъ халат бахъараб рагъалъ тlолабго улкаялда бессдалаблъун гьабуна миллионалде гlунlтун лъимер.