Анкьил тIаса рищарал суратал.Февраль, 4-10
21
Киевалда Украиналъул тIадегIанаб Радаялъул цIияб сессия рагьизегIан ахIулеб хор. (Reuters / Глеб Гаранич)
22
Москваялда бугеб Ленинил мавзолеялда тIад заманалъ тIамураб хъупа. Мавзолей къачІалеб хIалтIи ахиралде швела апрель моцIалда. (AFP)
23
Цолъарал Штатазул рагъулаб тирело Апгъанистаналъул Кандагар вилаяталъул ракьалда тIад. (REUTERS / Andrew Burton)
24
«Инсан-нусиреч» ян тIокIцар бугев Франциялдаса Ален Роберица жиндирго гьунар бихьизабулеб буго Гаванаялда бугеб Habana Libre абулеб петералъул къадада. Петералъул борхалъи – 126 метр. (Reuters / Ramon Espinosa)
25
КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кемерон Апгъанистаналъул президент ХIамид Карзайгун ва Пакистаналъул президент Асиф ГIали Зардаригун тира сверулел руго ингилизазул премьер-министрасул резиденциялда аскIор.
(AFP / David Parker)
(AFP / David Parker)
26
Россиялъул Красноярск шагьаралда гьавадул температура -23 даражаялде бортараб къоялъ лъимадул ахалда физкультураялъулгун сахлъи щулалъизабулел тадбирал унел руго. (Reuters / Илья Наймушин)
27
Малиялда бугеб Нигер гIурул рагIалда вехьазда цадахъ вугев вас. (AFP / Pascal Guyot)
28
Ираналъул президент МахIмуд АхIсадинежадил каламалъухъ гIинтIами мурадалда парламенталде рачIарал цIалдохъаби. (AFP / Атта Kenare)
29
Сириялъул Димишкъи шагьаралда аскIоб бугеб Арабин абулеб бакIалда кьал унеб мех. (Reuters)
30
ТIехь цIалулев Филлипинабазул тахшагьар Манилаялъул зоопаркалъул бетIергьан Эммануэль Тангко жиндирго рукъов. (Reuters)