Анкьил тIаса рищарал суратал. Март 15-31
1
Минск. 2013 соналъул 31 март. Тlобитlулеб буго католиказул Пасхаялъул тадбиразул цояб.
2
Степан Бузенко ккола Белорусалъул Светлогорскалъул сахълъизариялгун хІалтул мархьиялъул цевегосев пациент. Анлъабилеб мехалда гьениве ккун хадув, гьес абулеб буго, жиндие кІватІивалдсанги гьенибго лъикІ бугин. Гьеб центр ккола советияб заманлдасаго хутІараб «хІал гьабун» гьекъолдохъаби сах гьарулеб идара. Аслияб къагІидаялда алкоголикал гьенире гъолел рукІана кІиго соналъе.
3
Санкт-Петербургалда Ткачи абураб бакІалда Марат Гелманица гІуцІараб суртал хъвалезул экспозициялда.
4
Кабул. Афгъанистаналъул студентал унел руго рокъоре дарсал лъугlун хадуб.
5
НекІсияб Иерусалим. Рималъул католиказул диниял хІаракатчагІаз хирияб сордоялъ ккун руго хІеялъул чирахъал Пасхаялда хурхараб тадбир тІобитІулеб мехалда.
6
Лондон. Кристил акционалъул специалист Джеймс Гьислопица кодоб ккун буго 17 гасруялъ цебе букІараб хІанчІил хоно.
7
Афгъанистан. Логар провинция. Вас гIодулев вуго хъизаналдаса чи вукъулеб мехалда.
8
Киев. 2013 соналъул 27 март. Чlужугlадан уней йиго солдатаз гьарзаго бараб гlазу бацlинабулеб бакlалдаса.
9
Пакистан. Карачи. 2013 соналъул 27 март. Пакистаналъул бахlарал гlахьаллъулел руго гlемер гlадамаз цо параялдаго гьарулел ригьиназул тадбиралда. Гьеб къоялда шагьаралда гlуцlун буго 110 хъизан.
10
Германия. Дортмунд. Шагьаралъул зоопаркалъ гит1инаб жирафалъе ралагьулел руго "эбел-эмен".