8 апрелалда гIумруялдаса ятIалъана КIудияб Британиялъул йикIарай премьер-министр Маргарет Тетчер. Гьелъие тIубана 87 сон. Гьелъул пресс-секретарь Тимоти Беллица лъазабухъе хвелалъе гIиллалъун ккун буго рекIел хIал хиси. Маргарет Тетчерица Британиялъул хIукуматалъе нухмалъи гьабулеб букIана 1979 соналдаса байбихьун 1990 сон швезегIан. Гьей йикIана КIудияб Британиялъул тарихалда премьер-министрлъун яхъарай тIоцесей чIужу-гIадан ва гьелда абулаан «маххул бикаилан».
«Маххул бика»- Маргарет Тетчер
1
Маргарет Тетчер ва гьелъул рос Денис Тетчер. Лондон, 1951 соналъул Декабрь моцI. Бертин.
2
Маргарет Тэтчер Эдвард Хитил хIукуматалда лъай кьеялъул ва гIелмиял суалазул рахъалъан пачалихъияй секретарлъун хIалтIулеб мехалда. 1970 соналъул Октябрь.
3
Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Гьенри Киссинджер ва Маргарет Тетчер. Лондон, 1975 соналъул Февраль.
4
Маргарет Тетчер ва Израилалъул йикIарай премьер-министр Голда Мейир. Тель-Авив, 1976 соналъул Апрель.
5
Маргарет Тетчер КIудияб Британиялъул премьер-министралъул хъулухъалде ячIараб къоялъ. 1979 соналъул 4-билеб Май.
6
Маргарет Тетчер ва СагIудиязул къирал ФахIд бин ГIабдул ГIазиз. Лондон.
7
Маргарет Тетчер. Лондон, 1979 соналъул Апрель.
8
Маргарет Тетчер Югославиялъул маршал Иосиф Броз Тито абадияб рукъове регIинавиялъул тадбиралда. Белград. Парламенталъул мина. 1980 соналъул Май.
9
Маргарет Тетчер ва гьелъул рос Денис Фолкленд чIинкIиллъабазда. 1983 соналъул Январь.
10
Франциялъул президент Франсуа Миттеран (квегIса) ва Франциялъул къватIисел ишазул министр Рональд Дюма КIудияб Британиялъул премьер-министр Маргарет Тетчер данде кколеб параялъ. Париж, 1984 соналъул Май.