Радио Эркенаб Европа Эркенлъи Радиоялъул мухбирал ругел регионаздаса суратал. Жеги суратал руго гьаб сайталда: "Picture This" archive.
Анкьил суратал
1
Британиялъул паралимпияй лъедохъан Элеонора Симмондс Британиялъул империялъул Орденалъул офицерлъун яхъун хадуй Букингемалъул кІалгІаялда гвардиялъулазда бихьизабулей йиго 20І2 соналда Британиялда тІобитІараб Паралимпияб хІаязда жиндиего щвараб медаль.
2
Руччаби чІун руго Равалпинди шагьаралъул гьаркьал кьолезул чІитиралда Пакистаналда тІоритІулел кинабго халкъ гІахьаллъарал рищиязда. Талибаз хІинкъиял кьун рукІана руччабазе, гьел рищиязда гІахьаллъиялдаса инкар гьабиялъул мурадгун.
3
Магърибалъул бащдаб дунялалда бищунго борхатаб миналъун гьанже кколеб буго ТІолабго дунялалъул дармил централъул мина. Гьелъул борхалъи ккола 541 метр. Гьал къоязда гьеб минаялда тІад лъуна бегІераб тогь.
4
Пакистан. Лахор шагьаралъул басрияб къваталда гьарзаго руго рищияздацересел плакатал.
5
Бангладеш. Лъабазаргоялдасанги цІикІкІун чи хІалтІулеб чанго фабрика жаниб букІараб гІемертІалаязул мина биххун 17 къоялдаса хвасарчагІазда чІвателазда гъоркь ятун йиго чІагояй чІужугІдан. Савар шагьаралда ккараб трагедиялъул къурбанлъун вахъана 1000-ялдаса цІикІкІун чи.
6
Ростов. Белая Калитва. Химикатал ва нартил продуктал раччулеб поездалъул цистернабиги вагоналги бакІ-бакІалдехун рехун руго ккараб кьвагьиялъул хІасилалда. Лъукъун вуго 27 чи.
7
Миллияб ретІел ретІарал ясал гІахьаллъана Бергьенлъиялъул Къо кІодо гьабулеб мехалда Минскалда.
8
Кыргызстаналъул президент Алмазбек Атамбаев дандчІвана КІиабилеб дунялалъул рагъул ветерангун. Сурат босана президентасул официалияб сайталдаса.
9
Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри ва гьесул коллега Сергей Лавров Москваялда цадахъаб пресс-конференциялда.
10
Казахазул рагъулал ВатІан цІунулезул къоялда Алматыялдаса 150 километралъул манзилалда бугеб Отар абураб полигоналда тІобитІараб парадалда.