8 августалда тIолго бусурбан дунялалда кIодо гьабулеб букIана кIал биччараб къо. ГIарабалъ гьеб байрамалда Ид аль-Фитр абула. БакI-бакIалда гьеб баIрам халат бахъунеб буго лъабго къоялъ. Бусурбабаз мажгитабахъ какал ралел руго, мискиназе садакъа гьабулеб буго во цоцазе шапакъатал кьола.
Дунялалъул бусурбабаз кIал биччай кIодо гьабулеб буго
1
СагIудиязул вас Эр-Рияд шагьаралда бугеб Турки бин ГIабдуллагьил мажгиталда.
3
Кыргызстаналъул тахшагьар Бишкекалъул аслияб майданалда байрамалъул тIоцебесеб къоялда какал ралел гIадамал.
4
Багъдадалъул Садр абулеб авалалда гьуинлъаби рикьулей чIужу-гIадан.
5
Тажикистаналъул тахшагьар Душанбеялъул мажгит.
6
Туркменистаналъул тахшагьар Ашкабадалда бугеб Тогърул абулеб мажгит.
7
Душанбе. Лъималазе гьуинлъаби, шапакъатал ва гIарац кьей.
8
Апгъанистаналъул президент ХIамид Карзай Кабулалда бугеб жиндир кIалгIаялъул мажгиталда.
9
Бишкек бакьулъ бугеб майданалда какал ралел полициялъулал.
10
Кыргъызстаналъул васас как балеб буго.
11
ГIиракъалъул тахшагьар Багъдад. Какал ран хадуб цоцазе кверал рачунел сунитал.