Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал цо-цо суратал
Анкьил тIаса рищарал суратал. Август, 12-18
1
Москва, 2013 соналъул 17 август. Дунялалъул атлетикияб чемпионат. (AFP / Adrian Dennis)
2
Филиппиназул ралъдал рагIаллъиялъул хъаравуллъи гьабулеб рагъулаб гама (квегIса). 16 августалда "Св. Фома Аквинский" абураб бурамалде данде къан букIараб юк бачунеб гамида аскIоб. Бурам ралъдалъ гъанкъун анцI-анцI пассажир хвана. (AFP / Ted Aljibe)
3
Прагаялъул Староместска абулеб майданалда 17 августалда букIараб тIабигIаталде данде кколареб къагIидаялда бухьенал рокьулезул парад. (AFP / Михал Чижек)
4
Каиралъул Аль-ФатехI абулеб мажгиталда жаний йигей чIужу-гIаданалъ кIалъалей йиго полициялуласулгун. 17 августалъул сардилъ Мисралъул аскарияз мажгиталдаса нахъе гъуна жанир рукIарал тIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккурал. (AFP)
5
Каир. 16 август. Къурангун кодоб-йигей чIужу гIадан. (RFE / RL. АхIмад Рагаб)
6
Каир, 16 август. Рамзес абулеб майданалда «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул реккерун унел вакилзаби. (Reuters / Amr Abdallah Dalsh)
7
Гьурмада газалдаса цIунулеб маскагихун... Каир, 16 август. Рамзес абулеб майданалда тунка-гIусси. (Reuters / Amr Abdallah Dalsh)
8
19 сон барав Закария Алакори ва 16 сон барав Асем Аль-Хшми (квегIса) Либиялъул Бенгъазиялда бугеб пляжалда паркур абулеб къецалда. (Reuters)
9
Жанубияб Америкалда батараб ва латиналъ Bassaricyon Neblina абулеб тайпаялъул гьитIинаб жанавар. (Reuters)
10
Пакистан, Карачиялда бугеб улкаялъе кьучI лъурав МухIамад ГIали Джиннасул мавзолей. ГIолохъаназ кIодо гьабулеб буго Пакистаналъул лъидаго бачIеблъи лъазабуралдаса 66 сон тIубай. (AFP)