Гуржиялъул магърибалда бугеб Читаури шагьаралда аскΙобехун 40 метралъул борхалъуда монах Максим Кавтарадзеца ватΙа чΙараб гΙумру гьабулеб буго чанго соналъ. Гьес абулеб буго, жинца гΙолохъанаб заманалда гьекъолеб букΙанин, ричулел рукΙанин наркотикал, жинца гьабизе камун жо течΙин. Ахиркъадги туснахъалдеги кканин. КантΙизе байбихьун хадуб, жинца хΙукму гьабунин Кацхил колоннаялда ГьитΙинаб гьатΙан базейин, гΙемер гΙасрабаз цебе жал щалали лъаларел монахазул гΙадаб гΙумру гьабизейин. Християназул гΙагарисеб жамгΙияталъул кумекалдалъун жинца банин тΙаде хасаб мали, хадуб жибго динияб минагиян, абулеб буго Максимица. Хадуб жибго коллоннаялда гъоркьги баккун буго монахазул мина ва гьитΙинаб гьатΙан. Гьенире хьвадулел руго гΙолохъанал диниял хΙаракатчагΙи.
Photos by Amos Chapple.
НекΙсиял монахазул гΙадат цΙилъизабурав гуржияв
11
«Колоннаялда» гъоркь бугеб монахазул рукъ ва Симеонил цΙаралда бугеб гьитΙинаб гьатΙан. Симеон вукΙун вуго гьенив тΙоцевесев монах. Гьес тΙоцебе гьукъун буго руччабазе «колоннаялде» тΙаде рахине. Максимица гьеб гьукъи халат бахъинабулеб буго.
12
ГьитΙинаб гьатΙаналда гъоркь цΙунун буго 600 соналъ цеве коланнаялда тΙад хварав монахасул рукьби. Максимица абулеб буго, живго хун хадубги, гьесул рукъбиги рукΙине ругин гьениргоян.
13
«Колоннаялда» тΙад 600 соналъ цеве хварав жиндир цΙар лъаларев монахасул рукьби.
14
«Колоннаялда» гъоркь бугеб гьенив тΙоцевесев монахлъун вукΙарав Симеонил цΙаралда бугеб гьитΙинаб гьатΙан.
15
16
Максим и «колоннаялда» тΙад бугеб мина.
17
ГΙодор ругел диниял хΙаракатчагΙазулгун Максимица бухьен гьабулеб телефон.
18