Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал суратал
Анкьил тIаса рищарал суратал, 2-8 декабрь.
1
Япониялъул аскарияз Перл-Харбор абулеб аэропорталде гьужум гьабуралдаса 72 сон тIубаялда бан 7 декабрялда тIобитIараб тадбиралда гIахьаллъарал ветеранал. (AFP)
2
Киевалда бугеб Украиналъул президентасул кIалгIаялда цебе евроинтеграциялде руссараз гIуцIараб митинг. 7 декабрь.
3
Лондоналда бугеб Трафальгар абулеб майдан. Гьалкъояз гIумруялдаса ватIалъарав Жанубияб Африкаялъул вукIарав президент Нельсон Манделал хIурматалъе букIараб тадбир. 7 декабрь. (Reuters )
4
Гьиндустаналъул суратчияс жиндирго малъалда Нельсон Манделал сурат бахъулеб буго. ( AFP )
5
Киев. Эркенлъиялъул майдан. Евроцолъиялъул ва Украиналъул байрахъал эхеде рорхун, евроинтеграция тIалаб гьабулел гIадамал. ( ЕРА )
6
Жанисел ишазул министерлъиялъул хъулухъчагIигун кIалъалей Евроинтеграциялде юссарай украинай. (Reuters / Василий Федосенко )
7
Гамбург. ЧчугIил базар «Ксавьер» абулеб гIазул гьури бахъараб къоялъ. ( AFP / DPA )
8
«Ксавьер» абулеб гIазул гьороца Алманиялъул Шималияб ралъдал рагIаллъиялде кьабун, кIудияб зарал гьабун буго. ( Reuters )
9
ГIиракъалъул Наджаф шагьаралда террористаз гьабураб суицидалияб гьужумалъул хIасилалда чIварав чи гьесул гIага-божарал абадияб рукъове регIинавулев вуго. ( Reuters )
10
Франциялъул Экс-ан-Прованс шагьаралъул диваналде щвезавурав Гуржистаналъул улка цIуниялъул вукIарав министр Давид Кезерашвили. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – ришватчилъи ва коррупция. Жиндир ватIаналда гьев цIех-рехалде лъазавун вуго. Аппеляционияб диваналъ хIукму гьабун буго гьев жанив тезе гьев Гуржистаналде экстрадиция гьавиялда хурхараб къотIи гьабизегIан. ( AFP )