2015 соналъул байбихьудаса дунялалъул гIемерисел регионазда вулканазул хIаракалъи цIикIкIун буго. Вулканал хIалтIизе байбихьи жакъа къанагIатаб жо гуро.
Вулканал "рорчIунел" руго
1
Индонезия. Суматра. ЧIинкIиллъиялда бугеб Синабунг абураб вулканалъ рохъо базе байбихьана 13 июналда.
2
Индонезия. Суматра чIинкIиллъи. Синабунго "борчIаралдаса" жидерго рукъзал тезе ккана 15 000 чияс.
3
Индонезия. Суматра. Синабунг вулкан.
4
Франция. Реюньен чIинкIиллъи. Питон-де-ла-Фурнез вулкан. Гьеб "гьалдезе" байбихьун буго 2015 соналъул маялда.
5
Эквадор. Галапагоссазул чIинкIиллъаби. Вулкан Вольф. Гьеб "хIалтIизе" байбихьун буго исана маялъул ахиралда.
6
Чили. Вулкан Кальбуко. Гьеб "борчIун буго апрелалъул ахиралда. Вулканалда сверухъ 20 километралъул манзилалда гIумру гьабулел гIадамазул эвакуация гьабуна.
7
Чили. Вулкан Кальбуко.
8
Чили. Вулкан Кальбуко. Вулкан багъарарабго, Чилиялъул вехьаз хIинкъи гьечIеб бакIалде щвезабуна боцIиги.
9
Чили. Кальбуко вулканалъул рохъо щвана мадугьалихъ бугеб Аргентинаялъул ракьалдеги.
10
Чили. Вильяррика вулкан ахирисеб нухалда багъарана маялда. Гьелда цебе гьелъ жиндирго "хасият" бихьизабуна марталда.