Журналист ва шагьаразул тарихчIужу Светлана Анохиналъ бахъараб «БукIана гьединаб шагьар. Дербент» абураб тIехьалъ рес кьолеб буго тарихалде буссараб некIсияб шагьаралъул гІумру цІидасан гІадамазул пагьмуялде нахъ буссинабизе. Дербент шагьаралда гIумру гьабун рукIарал ва гьанже гIумру гьабулел гIадамазул тарих буссун буго берцинаб тІехьалде. Гьелъие кумекги жалго гІадамаз гьабун буго. Проекталъул автор Светлана Анохиналъ ва гьелъул командаялъ техь хIадур гьабулаго ракIарал басриял суратаздаса нижер мухбир Алиса Алдашевалъ хIадур гьабуна фотогалерея.
"БукIана гьединаб шагьар. Дербент"
11
Дербенталъул «Октябрь».
12
Дербенталъул маххун нухазул вокзалалул мина бан буго ХIХ гIасруялъул ахиралда.
13
Дербенталъул «ТIасияб базар» ва Джума мажгит. ХХ гIасруялъул авал.
14
Дербент гьурмаздалъун. ХХ гIасруялъул авал.
15
Дербенталда букIана чанго консервал къалеб завод. Риидалил заманалда гьенир студентал хIалтIулаан.
16
Дербент «Ермоловасул каваби» абулеб кIамури. 1859 соналда, Шамиль асирлъуде ккун хадуб Ермолов кIодо гьавун рарал триумфалъулал каваби.
17
Дербент. Щулалъиялъул цо каваби. ХХ гIасруялъул авал.
18
Дербент. ЦIолбол даран. ХХ гIасру
19
Дербент. ХХ гIасруялъул авал
20
Дербент. Экипаж.