2016 соналъул январалда «Эркенлъи» радиоялъул мухбир Нурчазул Ахилчица сапар бухьана Грузиялде. Гьаб фотогалереялда кьолел руго Грузиялъул тахшагьар Тбилисиялъул басриялги жакъаселги авалал, гIарасал, гIадамазул рукIа-рахъин рихьизарулел фотосуратал.
Тбилисиялъул некIсиябги гьанжесебги тарих суратазулъ
1
Тбилисиялъул басриял авалал. Квараниса – мажгит, квегIиса – машгьурал чIабтIил хIамамал.
2
Нарихъалаялъул басриял къадал.
3
Тбилисиялда цIигьабун къачIалеб буго мажгит.
4
Tbilisi Mall абураб дармилгун рекIелгъеялъул кIалгIаялъуб тIахьазул тукен.
5
Тбилисиялда радалгIуж. Кьодасан бахъараб сурат.
6
Синагога. Тбилисиялда гIумру гьабун руго батIи-батIиял диназул гIадамал.
7
Мтацминда щобда бугеб некIсияб Нарихъала (IV –VII века). Тбилиси.
8
Грузиялъул юстициялъул министерлъиялъул цIияб мина. Тбилиси.
9
XIII гIасруялда бараб Метехи килисаялъул кашишас цIурмал кьабулел руго. Тбилиси.
10
Тбилисиялда руго гIемерал ашбазал, ресторанал, чагъир гьекъолел бакIал. Дие Тбилиси бокьула абураб ашбаз сордокъоялъ чIечIого хIалтIула.