1916 соналда жиндирго гIарцухъ берцинаб мина бан, Темирхан-Шураялъул фабрикант ХIажиев Хизрица гIагараб шагьаралъе сайгьат гьабуна гьеб. Байбихьуда гьениб букIана гIурусазул офицеразул театр, хадуб - Авар театрги. 1970 соназда Буйнахъскалда кIиго нухалъ ракь багъарун, мина бихъизе дагIаб хутIана. ГIемерал соназда жаниб гьениб унеб букIана реконструкция. 1999 соналда Буйнахъскалда кьвагьи бахъун, гIемерал гIадамал чIвана. КIудияб зарал щвана театралъул минаялъеги. ЗахIматаб хIалтIи гьабун, дирекциялъ нахъойги къачIана гьеб къиматаб мина. Гьелъие нусго сон баялъул тадбирги тIобитIана гьениб гьалкъояз. Дагъистаналъул Цолъараб Пачалихъияб Музеялъул бетIер Дагирова Джамиляца нижее ритIарал суратал.
Дагъистаналъул тарихияб мина
Нусго сон тIубана Темирхан-Шураялда театралъул мина баралдаса
11
НекIсиял экспонатал
12
13
Миллияб ретIел
14
Квералъ хъвараб некIсияб тIехь.
15
Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатаз шагьаралъул мэрасул тах бикьулаго, цоцазулгун рагъулеб мехалда, гIадатиял гIадамаз, интеллигенциялъ, студентаз гIамал гьабулеб буго шагьаралъул унго-унгояб чIухIи цIунизе.
16
Тарихияб мина хIадураб буго цIиял байрамазе.