9 ноябралда тlубала 25 сон Берлиналъул къед биххаралдаса. Берлиналъул машрикъалъул ва магърибалъул рахъазда гьоркьоб къед базе байбихьун букlана 1961 соналда. 13 августалда ГДРалъул солдатал рачlана Бранденбургалъул кавабазухъе. Кватlичlого байбихьана улка коммунистияб пачалихъ Магърибалъул Берлиналдаса батlатlезабулеб къед базе. Гьелъул халалъи букlана 155 км. 1989 соналъул хасалихъе, ГДРалда кризис лъугьараб мехалда рагьун букlана гьениса доре-нахъе ине нух. Берлиналъул къед биххиялъ лъуна цо ГДРалда гуребги тlолабго Машрикъалъул Европаялда коммунистияб режималъе ахиралъул байбихьи.
Берлиналъул къед бай ва биххи
11
Гъурхъи рагьи. Берлин, 9 ноябрь 1989
12
Боххараб Берлиналъул халкъ. 10 ноябрь 1989
13
ГДРалда машгьурал "Трабант" автомашинаби Бавариялъул А9 автострадаялда.11 ноябрь 1989
14
ГДРалъул солдаталги берлиналъулалги Подтсдамер-плацалда къедалда тlад. 11 ноябрь1989
15
Къед биххулеб буго. Берлин, Потсдамер-плац, 12 ноябрь 1989