Майданалда гIумру халат бахъунеб буго Януковичасда ва оппозициялда балагьичIого. Макьу гьечIолъиялдаса свакан, гIадамаз хьул лъолеб буго церехъабазул таваккалаб хIукмуялда. Аслияб тIалаб - Янукович хIалхьиялде ин - жеги тIубазабун гьечIо. Жалго жидецаго цIунизе гIоло гIуцIарал къукъабаз низам тIад чIезабулеб буго. Ф.Вячоркаца рахъарал суратал
ЧIегIерабгун-ХъахIаб майдан.
12
25 сон барав бизнесмен Викторица абулеб буго жив сваканин ва жиндие бокьун бугин оппозициялъ Януковичасгун къотIи-къай гьаби.
13
Бизнесмен ва политик Петр Парашенкоца абулеб буго дандечIей ахиралде щун хадуб жинца гIарац биччазе бугин стадион "Динамо" къачазе.
14
Майдан сверун ккун буго заз бугеб кваралъ.
15
Баррикадаялда гьале кIиабилеб моцIалъ гIадамал чIун руго.
16
Хасал хъулухъчагIаз демонстрандазде речIчIарал гулби ракIкIарарав чияс бихьизабулеб буго Жизневский чIвараб гIадаб гулла.
17
Маслигьат гьабулеб мехалда гьенире рачIин гьукъараб буго гIадамазе.
18
КъватIиб бакараб цIа.
19
Сувенирал ричун росулел туристал.
20
Хасал хъулухъчагIазухъа рахъарал хъалхъаналгун кодор оппозициялъул хъаравулчагIи.
21
Грушевская абулеб къватIалда баррикадабазул лъабго мухъ бан буго.