ЧIаго хутIарал рагъул ветеранал Чачанлъиялда дагьал гурони гIемер гьечIо. ГIицIго 90 чи. Гьезда гъорлъ – Абацаев Нажмудин. Жиндирго халкъ депортация гьабун букIиналъухъ ццим бахъарав гьев парадазда киданиги гIахьаллъичIо. Исана гьесул хIурмат гьаби мурадалда гьоболалъухъе рачIарал росуцояз рукъоб мавлид гьабуна. Суратал рахъана Чабаев МухIамадица.
9-билеб Май Чачан Республикаялда
Исана Бергьенлъиялъул къо кIудияб чIухIигун тIобитIана Россиялда. Хасго Чачан республикаялда. Грозный шагьаралъул майданалда театралияб церерахъин бихьизабун букIана гIадамазде – «Рейхстаг» бухIизабун ва «асир гьарурал нацистал» аскIоса гIадамазул беразда цере рачун.
21
Нажмудин Абацаев эменгун ва инсул вацгун.
22
Нажмудин Абацаевас каранда киданиги бачIо цониги медаль ялъуни орден.
23
Владимир Путиница гьалкъояз Нажмудин Абацаевасухъе жиндирго барки битIана.
24
Нажмудинил хIурматалъе гьесул рукъоб 9 маялда мавлид гьабуна росуцояз.