Грозныялда рагъулаб тунка-гIуси


Грозныялда рагъулаб тунка-гIуси

No media source currently available

Скачать медиафайл

Грозныялда 4 декабралъул сардилъ рагъулаб тунка-гIуси ккана изну гьечIого яргъидгIуцIаразда ва низам цIунулезда гьоркьоб. Reutersалъ кьолеб профессионалияб гуреб видеоялда бихьулеб буго сардилъ гьенир кьвагьулел рукIарал кунчIулел гулбузул мухъал. Радал бахъараб видеоялда бихьулеб буго чанго рукъ бухIулеб. Нухмалъиялъ лъазабулеб буго кIиябго рахъалдасан ичIго чи хванин гьеб тунка-гIусиялдайин. (Reuters)

XS
SM
MD
LG