.
Чернобыль: рахьдалгун гьацIул ракьищ?
Цере Чернобылалда гIумру гьабун рукIарал гIадамазул цо къокъаялда ракIалде ккана гьанже гьенирего тIадруссине. "Эркенлъи" радиоялъул мухбирасда (Амоs Chapple) дандчIвана гьезул цояв - радиациялъулъ бетараб ракьалда гьавугьинан яшав гьабулев чи.
11
Василий радиациялъукьа хIинкъулев гьеч1о. Гьес квердаххелалги ххечIого хал гьабула жиндирго найил тIулбузулги. Жинца кваналебщинаб жоялда радиация бугищали хал гьабулеб буго гьес. Живги вацIцIад вугила гьеб рахъалъ.
12
Амма нухда бугеб басрияб ваннаялъуб батараб бакъвараб ччугIаялда радиация бугищали хал гьабичIо гьес.
13
"Дида гьаниб эркенлъи батана. Хасго риидал сверухълъиго тIогьолъ босараб мехалда цIакъго бокьула гьанив чIезе"... ХIанчIазул чIирчIириялъги тIегьараб Василийил ахикье щведал тIубанго якъинлъула гьеб. Радиациялъ ханлъи гьабураб гьеб мухъ тезе хIалбихьулаго къо-мех-лъикIин абулеб буго нижеца.
14
Чернобылалде щварав щивав чиясде радиация бахун бугищали хал гьабула монтер Дмитрий Колчинскияс хасаб алаталъ. Нагагь гьеб батани, багIараб канлъи бакула. Гьеб мехалда хасал кваралги рачун, гьес гьев вацIцIад гьавула радиациялдаса. Амма гьедин гьеб "нахъе гъезе" кIолеб букIаниги, монтер Дмитрий рахIатхун вук1уна. Гьес лъадуда абула васасул ратIлидаса батIаго чурейин жиндир ретIел.