17 ноябралда Чехиялда ва Словакиялда кIодо гьабулеб буго "бархатной революциялъе" 25 сон тIубай. Берлиналъул къед биххун 8 къо иналде Прагаялда къачIго нахъе хъамун букIана студентазул демонстрация. Хадусеб къоялъ студентаз кверде росула университеталъул минаби. Гьезул рахъ ккола Прагаялда ругел театраз. Хадусел къояз къватIахъе вахъуна аза-азар чи. МоцIрол ахиралде нухмалъиялда букIараб коммунист партия разилъула эркенал рищиял тIоритIизе. Гьедин декабралда Чехословакиялъул президентлъун вищула Вацлав Гьавел. Улкаялда чIезабула демократияб нухмалъи.
"Бархатная революциялъе" 25 сон
11
Вацлавасул майдан, протестазул 10-билеб къо. Сталинил бюсталда тIад чIван буго "Даимаб щибго букIунаро"-ян хъвараб кагъат.
12
Оппозиционнияб Гражданияб форумалъул лидерал.
13
АкциячагIаз борхун буго "Гавела на Град" абураб игIлан. Гьелъул магIна ккола гьев президентлъун вищизе кколин абураб.
14
29 декабрь 1989 сон. Вацлав Гьавел вищана Чехословакиялъул президентлъун. Гьесда аскIой йиго гьесул лъади Ольга.
15
1989 соналъул 31 декабрь: Демократияб Чехословакиялда ЦIияб сон бачIин кIодо гьабулел гIадамал.