Росиялъул бищунго некІсияб хъала буго улкаялъул бищунго жанубияб шагьар Дербенталда. Гьеб ккола тІолабго щулалъиязул система. Гьелъул къедал цо рахъалъан щолеб буго ралъдалъе. Цогидаб раххъалдаса - унеб буго мугІрузде. Дербенталъул хъала бан буго гІага-шагарго щуабилеб гІасруялда ираналъул сасанидаз. Амма сасанидазул заманалда цебеги гьениб букІун буго гІуцІараб щулалъи. Гьеб хъалаялъ Цебесеб Азия цІунулеб букІун буго шималияб рахъалъул гочардухъабаздаса. Дербенталъул хъала босун буго Дунялалъул хазинабазул ЮНЕСКОялъул сияхІалде. Нижер мухбир Зульфия ХIажиевалъ Нарин-хъалаялда рахъарал суратал.
Дербенталъул хъала
11
Нарин-хъалалъул азбаралъул бутlа
12
Зиндан - гIайиб ккарал гIадамал рехулел рукIараб гвенд. Цин гьениве рехарав чи киданиги къватIиве вахъулев вукIун гьечIо (16 - 17 гIасру).
13
Зиндан - гIайиб ккарал гIадамал рехулел рукIараб гвенд. Цин гьениве рехарав чи киданиги къватIиве вахъулев вукIун гьечIо (16 - 17 гIасру).
14
Хъалаялъул шималиябгун машрикъалъул рахъалда буго ункъбукІинаб лъин цІунулеб резервуар. Гьаб маххул хьури тун гІодобехун буго ганчІилъ бахъараб кІудияб бакІ. Гьениб лъин цІунулеб букІун буго, тушманас хъала сверун кквеялъул хІинкъи баккараб мехалда.
15
Дербент. Нарин-хъала. Ханасул хlамамал. (XVI - XVII гlасраби).
16
Нарин-хъалалъул азбаралъул бутlа
17
Дербент. Щуазарго сон бараб Нарын-хъала. Хъалалъул азбаралда жанир гьарурал рухъиязул хІассилалда ратарал ганчІал.
18
Нарин-хъала жаниса.
19
Нарин-хъалаялъул шималиябгун магърибалъул рахъалда бугеб ракьда гъоркь бараб жо гІемер заманалъ хутІулеб букІана балъголъилъун. Гьеб гьанжелъезегІан рикІкІунеб букІана лъин цІунулеб бакІлъун. Амма ахирисел соназул археологиял цІех-рехаз бихьизабуна, гьеб хъанчІалъул тайпаялъул христианазул гьатІан букІин.
20
Нарин-хъала жаниса.