15 декабралъул къаси МахIачхъалаялда базе байбихьараб гIазу итни къоялъул рогьалилъ гурони чIечIо. 80 сантиметр бицалъиялъул гΙаздал гъатΙалъ лъималазул ракΙ бохизабун батаниги, шагьаралъул гΙумру гьаругьинабунин абизе бегьула. Лъабго къоялъ къан хутΙана аэропорт. Транспорталъул хьвадиялъеги кΙудиял захΙмалъаби рукΙана.
Гьарзаяб гьазуялда бажаричΙо тахшагьаралъул коммуниялиб магΙишаталъул гΙунгутΙиял рахчизаризе. ГΙагсалда гьелъ гьел тΙоцересел сагΙатаздаго къватΙир чΙвазаруна. Гьебги щиб, Россиялдаго г1умру гьабиялъул рахъалдаса бищунго санаг1атал шагьаразда гъорлъ чанго нухалъ т1оцересел бак1азда Мах1ачхъала лъазабун бук1аниги. Нижер мухбир ХΙажиева Зульфиял суратал.
ГIазул асирлъуда
11
Цо-цо бакlазда шагьаралъул коммуналиял хъулухъалъ транспорталъе санагlалъи гьабулеб букlана, гlадамазе - букlинчlо...
12
Гьарзаяб гlазуялдацин бажарун гьечlо тlуранго рахчизаризе шагьаралъул хъулухъазул тохаб хlалтlи ва жалго шагьаралъулазул цоязул культураялъул дефицит бахчизе...
13
Нухмалъиялъул минабаз сверун ккураб майдан чlезабуна бацlадаб къагиlдаялда.
14
Тахшагьаралъул аслияб майдан хlадур гьабулеб букlана Цlияб соналъул накlкlигъветl къабул гьабиялде.
15
Тахшагьаралъул коммуналиял хъулухъазул тохлъиялда цере киналго ращадал руго: гlемер соназ гlакъуба бихьун "Жигули" босаралги хириял машинабазул бечедал бетlергьабиги.
16
17
Цоязейин абуни, бокьун гьечlо божизе я шагьаралъул транспорталда, я гьелъул коммуналиял хъулухъазда, я гьава-бакъалда...
18
Гlицlго гьай чlужугlаданалъул гьечlо рес гьава-бакъалъул сюрпризазде балагьун яги шагьаралъул хъулухъазул тохлъиялде балагьун хинаб рукъуй гlодой чlун йикlине...