Октябралда Ереваналда тІобитІараб гІелмияб конференциялда гьоркьор лъурал суалазда гъорлъ букІана ЦIоралъул магIарулазул масъалабиги. Гьеб форумалда гІахьаллъана магIарулазул тарихчагIи Тамерлан Айтберов, Маркъо ШагIбанов ва нижер мухбир Нурчазул Ахильчи. Гьенире иналда цере гьел щвана гуржиязул Кахетиялда ругел магІарул росабалъе. Совет Союз биххилелде Гуржиялъул Къварели районалда ва Лагодех шагьаралда гIумру гьабун букIана ункъазарго магIарулас. Гьезул гIемерисел рукIана Къварели районалъул Тиви ( Гургинросу), Чанклискъуре ( Росохъ), Сарусо (Хъалалъухъ, Шорохъ) ва Тлискъаро (Никул ицц) росабалъ. ГьабсагIат Къварели районалда гIумру гьабулеб буго І500 аварас (районалъул гIадамазул ункъо процент). Кахетия ккола Къварели ва жеги ичIго район гъорлъе унеб Грузиялъул регион. Гьелъул центр буго Телави шагьар. Нижер мухбир Нурчазул Ахильчица суратаздалъун хІалбихьун буго ЦІоралъул аваразул гІумру ва гьезул бакІал рихьизаризе.
МегIер бахун доб рахъалда
11
Кахетиялъул центр Телавиялъул базар. Зама-заманалдаса Тивиялдаса ва цолгидал бакIаздаса аваралги щола гьеб базаралде. Гуржиязул гIадатиял гIадамаздаги жидеего бетербахъи гьабиялъе ресал гьанир ратулел руго.
12
Ахирисел соназда информациялъул алатазда гIемер бицунеб букIуна Гуржиялъ гьарурал лъикIал реформабазул. Хасго низам цIуниялъул системаялда. Мадугьалзабазе кIудияб икъбал щун рагIула гьеб системаялда коррупциялде данде кьеркьеялъул ишалда. Гьеб жанисел ишазул министерлъиялъул объектазде балагьунцин бичIине бегьулин, абулеб буго цояз. Мисалалъе гьезул г1емерисел гьарун руго цорол, гъорлъан жо бихьуледухъ. Сураталда: Къварели мухъалъул полициялъул мина.
13
"Батонис цихе" хъалаялъул къедал.
14
Телави. Гуржиялъ цIиял объектал рай гуребги, некIсиябги лъикI цIунун буго. Пачалихъалъ туристал ахIун, гьелдаса пайдаги босулеб буго. Сураталда: "Батонис цихе" абураб хъала.
15
Телави. Гьиракълий КIиабилесе мемориал.