Чанго сон цебе Россиялъ рахъ кколеб Молдовалъул сепаратистияб регин Приднестровьеялда батизе ресбукIана Совет Союзалъул чIагояб музей. Гьенир рукъзазул къадазда хутIун рукIана багIарал байрахъалги, пропагандаялъулал игIланалги, нилъгун квартIаги. 1990-соназул авалалда Молодовалдаса батIа тIезе бокьараб Приднестровьеялда букIана къокъабго рагъ. Жалго жидецаго гьелъул лидераллъун лъазарурал чагIазе цIакъ дандекколеб батана модернизация. Санал ун хадуб туризм гьечIин абизе бегьулеб гьеб регионалда киса-кирего гIадин рихьулел руго валюта хисулел бакIал. Дагь-дагьккун цебетIолеб бугеб росдал магIишаталда бажарулеб буго тахшагьар Тирасполалъул базаралгун тукенал хIажаталдалъун хьезаризе. (Суратазул автор Anthony Georgieff)
Преднестровье, Советиял гIаламатал Европаялда
1
Дунялалъул КIиабилеб рагъул заманаялъул советияб танк A T-34 Тирасполалда.
2
Тирасполалъул аслияб вокзалалъул мина.
3
ХIукуматалъул минаялда цебе Владимир Ленинил монумент.
4
Ленинил къватI. Тирасполь.
5
Почалъул бутIа
6
7
8
Китаялда гьабураб къайи бичулеб буго шагьаралъул къватIахъ.
9
10
Тирасполалъул базаралда.