Анкьил суратал
1
Азербайджаналъул президегт Ильгьам ГIалиев Бакуялдаги Сумгаиталда гьоркьоб хьвдизе биччараб поездалда.
2
Ставрополь. "Зарница" абураб рагъулабгун патриотияб хIаялда гIахьfллъулел лъимал.
3
Испаниялъул машгьурав матадор Мануэл Эскрибано Мадридалда тIобитIулеб корридаялда.
4
Афгъанистан. Кабулалда тIоритIулел руго улкаялда цIакъ машгьурлъарал бодибилдеразул къецал.
5
Исламияб пачалихъ гIуцIарав Аятолла Хомении хун 26 сон тIубаялда хурхун Тегералъул рагIалда бугеб хварасул мавзолеялда сверун тIoбитIана динияб тадбир.
6
Сириялъул Алеппо шагьаралда къаби щвезабун хадуб.
7
Москваялда 3 июналда тIобитIана модельеразул ва дизайнеразул конкурс. Гьелъул гIахьалчIужуялъ гьадинаб къагIидаялда бихьизабулеб буго экспонатазул цояб.
11
ФИФАялъул президент Зепп Блаттер Цюрихалда пресс-конференциялда хъулухъалдаса нахъе лъугьиналъул хIакъалъулъ лъазабун хадуб.
12
Германиялъул Липпе шагьаралда "Челленджер - 2" абураб Британиялъул танкалда тункана автомобиль. Гьанже-гьанже регьунлъарав шоферасе зарал ккун гьечIо.
13
458 пассажир тIад вукIараб бегана Китаялъул Янцзы гIоралда. ХвасарчагIазул операция халат бахъана чанго къоялъ.