Киевалда миллатчагIаз кIодо гьабулеб буго Украиналъул Къеркьеялъул Аскар гIуцIаралдаса 70 сон тIубай; Сириялда халат бахъунеб кьал; Бейруталда бахъараб кьвагьи; Монголиялда Лениние тIамураб ахирисеб монумент бахъун буго.
Анкьил тIаса рищарал суратал 15-21 Октябрь
12
Апгъанистаналъул тахшагьар Кабулалда бугеб Надир-ханасул хоб. Октябралъул 18 билеб. (AFP).
13
Хамиз къоялъ гIага-шагарго 300 олаш-циганаз абадияб рукъове регIизавуна итни къоялъ гIумруялдаса ватIалъарав жидерго къирал Ян Липа. Гьес халатаб заманалда жаниб гIумру гьабулаан Америкалда ва Канадаялда. Чехиялде Ян Липа тIад вуссана “къатІипадул инкъилабалдаса” нахъе. (REUTERS / Petr Josek).
14
Пакистаналъул гIадамаз жидерго варанаби рачунел руго Фаисабадалда бугеб хIайваназул базаралде. Октябралъул 16 билеб. (REUTERS).
15
Белоруссиялъул Радашковичи абулеб росдал руччаби хурисажо гьабулеб буго. Октябюралъул 18 билеб. (REUTERS).
16
Апгъанистаналъул лъимал Кабулалда аскIоб бугеб гохIтIа. (REUTERS).
17
Колумбиялда тIобитIараб I6-билеб халкъаздагьоркьосеб фестивалалда жиндирго гьунар бихьизабулев ковбой. Октябралъул 15 билеб. (REUTERS).
18
Австриялъул бóкьарабахъ Феликс Баумгартнер атмосфераялъул рагIалалдаса ракьалде кIанцIулеб параялъ. Октябралъул 14 билеб. (AFP / Jay Немет).
19
Апгъанистаналъул мискинай чIужу-гIаданалъ садакъа гьарулеб буго Кабулалъул сверухълъиялда бугеб нухтIа гIодой чIун. Октябралъул 17 билеб.
20
16 октябралда тIалибаз речIчIун чIварай Малала Юсуфзаил хIурматалъе Сударшан Патнаикица гьабураб гъумил сурат. Гьиндустаналъул Одиша штат. (REUTERS).