Шамалда захIматаб кьал. Юнанистаналда, Испаниялда ва Гуржистаналда протестал. Россиялда митингал ва Белоруссиялда парламентиял рищиял.
Анкьил тΙаса рищарал суратал. Сентябрь 22-28.
11
Кор боркьун квен гьабизе ракъварал гIисинал гIаркьалаби ратарай апгъан яс. Кабулалъул рагIал. Сентябрь, 27 (REUTERS / Omar Sobhani).
12
Апгъанистаналъул Жамал Мила абулеб бакIалда гIумру гьабулев рукзал ралев АхIмад Тазим ва гьесул васал Наим (сураталда квегIиса) ва Карим. Сентябрь, 27 (AFP / Roberto Schmidt).
13
Жиндирго хIамида рекIарав Апгъанистаналъул Балх вилаяталъул Задьян мухъалъул росдал чи. Сентябрь, 23 (AFP/Qais Usyan).
14
Апгъанистаналъул Вардак вилаяталда бугеб полициялъулал ругьун гьариялъул Централда бугеб балагьутIа-бакIалда хъаравуллъуда чIарав Франциялъул рагъухъан. (AFP).
15
Россиялъул волонтёраз Сочиялъул Олимпиада рагIизеган 500 къо хутIараб мехалда кIодо гьабулеб буго гьеб хIужа. (AFP).
16
Белоруссиялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул хIалтIухъабаз Савичи абулеб росдал сверухълъиялда. ТасамахIлъиялдалъун тIураб пестицидалъул ва цогида загьруял жалалъул гIага-шагарго 640 тонна гьез гьенисеб ракьухъа бахъун буго. (REUTERS).
17
Нагхлу абулеб Апгъанистаналъул росдал мактабалде унел лъимал. Гьеб мактабалъул минаялда чIей гьабулеб буго парангазул аскарияз. Сентябрь, 24. (AFP).
18
Белоруссиялъул байрахъалъул ва пачалихъияб гербалъул кIудияб сураталда цее жиндирго гьойгун хIалей чIужу-гIадан. Минск, Сентябрь, 27. (AFP).
19
Китаялъул полициялъулас туснахъал рачунел руго Сычуань вилаяталда ругел Эмэйшань абулел мугIрузул нух ккун гIебеде. Сентябрь, 27. (REUTERS).
20
Жанубияб Кореялъул аскарияз кIодо гьабулеб буго жидерго байраб – улкаялъул яргъидгIуцIарал къуватазул къо. Сентябрь, 25. (REUTERS).