Анкьил суратал
11
Стамбул. Турциялъул диваналъул минаялда жанив яргъид гIуцIараз 31 марталда гъоркьлъалие восана диванчи Мехмет Селим Кираз. Ахир-къадги гьез гьев чIвана. Киявго тIадекIанцIаравги чIвана хIинкъигьечIолъиялъул идараялъул къуватаз Кираз эркен гьавиялъул операция тIобитIулеб мехалда. Киразица бачунеб букIун буго 2013 соналда хIукуматалде данде акцияби тIобитIулел мехалда гIолохъанав вас чIваялъул иш.
12
ГIиракъ. Кобани шагьар. Курдазул рагъухъаби хьухьбахъиялда.
15
Индия. Аллагьабад шагьар. Ганг гIоралъул рагIалда фермераз чIехьолеб буго хъабхъазул цIураб раса.
17
Жанубияб Корея. Пхохан порталда аскIобеххун тIоритIулел СШАялъулги Жанубияб Кореялъулги цадахъал ругьунзиязда десант рештIиналда гамабаздаса риччалел руго ккуй гьабулел гумапараби.
18
Ошмяны шагьаралда Беларусалъул католиказ динияб байрам кIодо гьабулеб мехалда.