Эркенлъи Радиоялъул мухбирал ругел регионаздаса саратал. Дагьалги цlикlкlун руго гьанир: "Picture This" archive.
Анкьил суратал
1
Жанубияб Суданалъул Бор провинциялда рагъул конфликталъе гIоло жидерго бакIал тун лъутизе ккаразул Минкаммен росулъ чIехьолеб буго цадахъ босизе бажарараб къайи. Гьезул цояс гIамал гьабулеб квачаялдаса хвасарлъизе.
2
Германиялдаса "Кассели" хъизаналъул артист цеве вахъунев вуго пильгун Будапешталда тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб циркалъул махшелалъул фестивалалда.
3
Индонезиялъул Суматра чIинкIиллъиялда "борчIана" Синабунг абураб вулкан.
4
Косовоялъул Орланне абураб росда аскIоcеб хIоралда бугеб лъин кьабулеб объект.
5
Волгоградалда гьарурал терактазда хадуб хъазахъазул патрулал раккана шагьаралъул къватIазда.
6
Афгъанистан. Нангаргьан провинциялъул Джалалабадалъул рагIалда бакъ баккулеб буго.
7
Афгъанистаналъул ясал гIазу бараб къоялда.
8
Москваялъул БагIараб майданалда бугеб хъештIолеб бакIалъул матIуялда жидехъго балагьарал руччаби.
9
Евроинтеграциялъул рахъ ккураб акциялъул гIахьалчияс чурулеб буго Киевалъул Лъиданиги бачIогоялъул майданалда бугеб россиялъул президент Владимир Путин вахъараб баннер.
10
Пакистан. Пешевар. Вичарухъанас бичизе хIадурулеб буго арахис.