Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал цо-цо суратал.
Анкьил тIаса рищарал суратал 22-27 Июль.
13
Сантьяго-де-Компостела шагьаралда аскIоб маххул нухда букIараб авариялда лъукъарав чи хварасул жаназаялда аскIов. (AFP)
15
Румыниялъул Сулина абулеб бакIалда тарихияб хабал.(AFP)
18
Жиндирго хIинкъи гьечIолъи цIунулезул цоясул вас, лейкомия унтиялъ унтарав 2 сон барав Патрикгун кодов бетІер кІкІварав Цолъарал Штатазул вукIарав президент Джордж Буш кIудияв. Гьев васасул хъизамалъ гьарана жидерго фамилия рехсогеян абун. Жеги 26 хъулухъчияс бутIрул кIкIвана, гьелдалъун Патрикиде жидерго цIоб-рахIму бихьизабизелъун. 60 соналъ цебе гIумруялдаса яталъана гьебго лейкомия унтиялъ унтарай Джордж Бушилги гьесул лъади Барбараялъулги ункъго сон барай яс. (AFP)
22
Сириялъул Дейр-эз-Зор абулеб шагьаралда ГIусман абулеб чIунтизабураб мажгит. (AFP)
24
Апгъанистан. Рамазан моцI. Герат шагьаралъул мажгит. (AFP)
28
Бразилиялъул хIукуматалъ Рималъул папа Франсискица Рио-де-Жанейроялде бухьараб сапаралъе 53 миллион доллар хвезабиялда разилъи гьечIел гIадамазда ва полициялъулазда гьоркьоб тунка-гIусси багъарун букIана. (AFP)
32
Бостоналда кьвагьи гьабиялда хурхен букIиналъул тIад гIайиб бугевлъун рикIкIунев Жовгьар Царнаевасде снайперас лазерияб чIор речIчIизабурараб параялъ Массачусетс штаталъул полициялъул сержант Шон Мерфица исана 19 апрелалда бахъараб сурат.(Reuters)