Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал суратал.
Анкьил суратал. 28 Сентябрь- 5 Октябрь.
1
Москваялъул Централияб мажгиталда аскIоб полициялъ хъаравуллъи гьабулеб буго бусурбабаз Къурбан-байрам кIодо гьабулеб къоялъ. (AFP)
2
Баку. Къурбан-байрамалъе хIадурлъи.
3
Маккаялда Къурбан-байрам кIодо гьабулел тIолго дунялалдаса х1еж борхине рачIарал бусурбаби. (AFP)
4
Къурбан-байрам Киргизстаналда. (epa)
5
Гонконгалда шамат къоялъ тунка-гIуссиял рагъарана демократиялъул реформаби тIалаб гьабулезда ва хIинкъи гьечIолъи цIунулезда гьоркьор. Шагьар бакьулъ гIага-шагарго анцIазарго чи вукIун вуго. Демонстрантазул церехъабаз абулеб буго – гьеб бугин цебеккунго ургъун гьабураб тIаде-кIанци ва инкар гьабуна Гонконгалъул администрациялъулгун кIалъа-басаял тIоритIиялдаса. Гьеб демонстрация халат бахъунеб буго гьале анкьида жаниб. Демонстрантал разиял гьечIо Гонконгалъул администрациялъул бетIер вищиялда тIад Пекиналъ контроль гьабулеб букIиналдаса. (AFP)
6
Ираналъул волейбол хIаялъул тIаса бищараб командаялъул спортсмен Сейед МухIамад Мусави Эрагьни Япониялъул тIаса бищараб къукъаялъулгун букIараб финалияб хIаялда. Жанубияб Кореяялда тIоритIарал 17-билел Азиялъул къецазда Ираналъул спортсменазе щвана меседил медалял. (AFP).
7
Донецкалъул Октябрьский абулеб мухъалда автомобилалъуса жаниса бахъараб сурат. Донецкалда бугеб ахIвал-хIал хIалуцараблъун хутIулеб буго. Шамат къоялъул къаси гIарада баялъул хIасилалда гьенив кIиго ракълилав чи чIвана. Гьадин лъазабуна шагьаралъул Шураялъул пресс-хъулухъалъ. (AFPl)
8
Венгриялъул аскариял Цолъарал Штатазул аскариязда цадахъ рагъулаб яравуллъи гьабулеб мехалда. Оску росдал сверухълъи. (AFP)
9
Хъанчида цебе как балевУкраиналъул аскарияв.Мариуполь. (AFP)
11
MI-28 тайпаялъул Россиялъул рагъулаб тирело Россиялъулгун Гьиндустаналъул цадахъаб яравуллъиялда. Волгоградалъул сверухълъи. (AFP)