Эркенлъи Радиоялъул мухбирал ругел регионаздаса суратал. Цогидал суратазухъ балагье гьанир: "Picture This" archive.
Анкьил тlаса рищарал суратал
1
20 декабралда туснахъалдаса эркен гьавурав Михаил Ходорковский Берлиналда данчIвалев вуго германиялъул вукIарав къватIисел ишазул министр Ганс-Дитрих Геншерица.
2
Пакистаналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз цIех-рех гьабулеб буго 20 декабралда Карачиялда бомба кьвагьизабураб бакIалда.
3
Лъел нахърателазул къадар хIинкъи бугеб даражаялде щун бугеб Йеменалъул тахшагьар Санаялда лъеда хадув вачIарав вас.
4
Китаялъул хасаб гвардиялъул курсантаз Пекиналъул рагIаллъуда бугеб квачараб мархьиялъул минаялда жаниб чорхол хинлъи цIунулеб къагIидаялда хIухь бахъулеб буго захIматал ругьунлъиязда хадуб.
5
Афгъанистан. Рагъулел гьабзазул къецал унел руго Кабулалъул рагIаллъуда.
6
Иран. Тегераналъул магърибалъул рахъалда бугеб хIоралда тIамулел руго лъел велосипедал.
7
Киев. Рукъзал гьечIел гIадамал кьижун руго метроялде жанире унеб бакIалда.
8
Россиялъул президент Владимир Путин Москваялда унеб санайила пресс-конференциялда.
9
Пакистан. Пешевар. Рукъзал гьечIел хъизаназул лъимал.
10
Бакъ баккулеб заманалда унеб афгъаниязул хъизан.