Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал суратал.
Анкьил тIаса рищарал суратал 10-17 Август
1
Луганск икълималда бугеб Старобельск шагьаралде бачIараб гуманитарияб кумек.Хъаравуллъи гьабулев Украиналъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал хIалазул министерлъиялъул хъулухъчи. 15 Август. (AFP/Анатолий Степанов)
2
Каиралда гьалкъояз полициялъулазда ва «Вацал-бусурбаби» багъа бачариялъул рахъ ккуразда багъарараб тунка-гIуссиялда анцI-анцI чи чIван вуго. Демонстрантаз ракIалде щвезарулел рукIана лагIел цере чIварал багъа-бачариялъул гIемерал гIахьалчагIи.(AFP)
3
Донецк икълималда бугеб Иловайск шагьаралъул гIадамаз къасдгьабулеб буго гьужумалдаса рахчизе.(EPA /Сергей Ильницкий)
4
Истанбулалъул азиялъул рахъалда бугеб Фикиртепе абулеб мухъ. Гьенир архитектуриял хиса-басиял байбихьун руго.(Reuters/Мурад Сезер)
5
Россиялдехун цIикIкIараб цIайи бугел сепаратистал Донецкалде гьабураб гьужумалдаса хадур. 14 Август. (Reuters/Сергей Карпухин)
6
Франциялъул спортсмен Рено Лавиллени Цюрихалда букIараб атлетикаялъул Европаялъул чемпионаталда.14 Август.(AFP)
7
Китаялъул Чжэецзян вилаяталъул Ханчжоу шагьаралда тIабигIияб балагьалъукьа рорчIунел гIадамал. (Reuters)
8
Метеориталъул лъалкIал Скопье шагьаралъул сверухълъиялда тIад.13 Август.(Reuters)
9
Минск шагьаралда букIараб цIад баялъул хIасил. Автобусаз чIей гьабулеб бакIалда ракIкIарарал гIадамал. 12 Август.(AFP)
10
Донецк. Гьавадул гьужумалдаса рахчарал гадамал. 11 Август. (AFP)