Cочиялъул Олимпиял ХIаязде хIадурлъулеб мехалда, жидер гIумру кIала-гъоркье сверизабунин абулеб буго цо-цо сочиялъулаз. Шагьаралъул цо мухъалда ралел бакIаздаса рищни-къул бан, ракь ччукIун буго. Минабазул кьучIал хун, цо-цо хъизанал гочине ккун руго. Зарал ккарал гIадамазе компенсация кьезе рагIи кьун букIана нухмалъиялъ, амма гьеб гьабсагIатги щун гьечIин, гIарз гьабулеб буго гьез.
Сочи. Бакуялъул къватIалда
11
12
13
75 сон барай Полина Калазян ккола Абжанил мадугьал. Гьелъ абулеб буго жиндир рукъ бигьа-гьабун хъештIон гъоркье унеб бугин ва цIцIадал ралеб мехалда жанибе лъинги бачIунин.
14
Калазяница абулеб буго, жинца нухмалъиялда ьаранин кумек гьабеян. Гьлъ кинабг1аги жваб кьеч1ого танин.
15
89 сон барав Калазянил россас цIул бичIулеб буго рукъалда нахъ.
16
Калазянил рукъуб гIумру гьабун буго ичIго чияс. Бищун гьитIинай гьезда гъорлъан ккола анцIго моцI барай Карина.
17
18
Бакуялъул къватIалъул ахиралда балеб букIараб минаги рехун тун буго.
19
Чунтараб Бакуялъул къватIалда.