Вашингтоналда Цолъарал Штатазул Конгрессалъул библиотекаялда кIвар буссинабулеб буго Персиялъул бечедаб мацIалде. "Персиялъул техьалъе 1000 сон" абураб экспозициялда рихьизарулел руго Иран тун къватIиб бугеб Персиялъул коллекциязул цояб. Гьеб коллекциялда буго гьединго "Шахнаме" яги "Ханзабазул техь" абураб эпикияб поэмаги. Гьенирго руго жакъасеб Ираналъул, Афгъанистаналъул ва Таджикистаналъул тIахьалги. Экспозициялъул куратор Гьирад Динаварица лъазабун буго Эркенлъи Радиоялъе, гьеб экспозициялъул мурад кколин магърибалъул гIадамазул Персиялъул мацIалъул литератураялъулгун лъай-хъвай гьабиги, жалго гьеб мацIалде хурхен бугел гIадамазда жидер бечедаб литературияб ирсалъе кьолеб къимат цIикIкIинабиги.
Персиялъул техьалъе 1000 сон
11
Бомбеялдаса «Мунагьал гьечIев Гатил гимн». 1927 сон.
12
13
"ГIумар Хаямил Рубаят», Эдвард Сиджеральдица буссинабураб 11 гIарсуялъул тIасса рищарал шигIрабазул тIехь.
14
«Шахнаме» Персиялъул ханзабазул эпос.