Эркенлъи Радиоялъул мухбирал хlалтlулел регионаздаса суратал.
Анкьил суратал
1
Хамиз къоялъ Донецкалда троллейбусалде кьвагьдеялъул хIасилалда хун вуго 13 чи. Сепаратистаз лъугьа-бахъаралъул гIайиб гIунтIизабулеб буго Украиналъул армиялда.
2
Украина. 2015 соналъул 21 январь. Донбассалъул Пески абураб росда аскIоб унеб буго тунка-гIуси.
3
Афгъанистан. Герат шагьаралъул рагIалдехун жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул мархьиялда лъимералъ гIамал гьабулеб буго квачаялдаса хвасарлъизе.
4
Польша. Освенцим. Гьеб нацистазул концентрациялъулаб мархьи эркен гьабун 70 сон тIубай кIодо гьабиялъул церемония тIoбитIизе буго 27 январалда. Гьелда г1ахьаллъизе вуго гьеб мархьиялъул туснахълъун вукIарав 300 гIанав чи.
5
Азербайджаналъул президент Ильгьам ГIалиев ва Германиялъул канцлер Ангела Меркель Берлиналда тIобитIараб пресс-конференциялда хадуб.
6
Донецкалъул хабзалазда аскIоб чIун буго сепаратистазул ракетабазул система "Град".
7
Пакистаналъул Пешеваралда Франциялъул байрахъ бухIулеб буго МахIамад-аварагсде карикатураби рахъиялде данде тIобитIараб протесталъул акциялда.
8
Сирия. Контролалъул пункталда чIчIун вуго Курдазул халкъияб цIуниялъул гIуцIиялъул вакил.
10
ГIиракъ. Жидерго бакIаздаса лъутизе ккарал езидазул мархьи Шихан.
11
Македониялъул динияв хъулухъчи Бутише росулъе гIахьаллъулев вуго динияб байрамалда.