Щуго соналъ цебе Россиялда ва Гуржистаналда гьоркьоб къокъаб рагъ багъарун букIана. Гьелъул хIасилалда нус-нус чи чIвана, аза-азар чи рукъзал гьечIого хутIана, гIемерал росаби ва шагьарал риххана. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана Гуржиялдаса ратIалъараб Жанубияб Гьиристаналда жидерго низам къуваталдалъун тIад чIезабизе гуржиязул тIадтараз гьабураб къасд.
Шуго сон тIубана Гуржистаналда рагъ багъараралдаса
11
9 август. Гори. Гуржиязул бо.
12
9 август. ГIурус аскариял Цхинвалалъул сверухълъиялда.
13
9 август. Гьириязул Джава росдал гIадамал.
14
14 август. Цхинвал. Гуржиязул биххараб танк. 12 августалда гIурусазул ва гуржиязул тIадтараз къотIи гьабуна кьвагьдей гьоркьоса къотIизе.
15
Цхинвал рагъ лъугIун хадуб.
16
22 август. Гуржистан тун дагь-дагь ккун Жанубияб Гьиристаналде унел гIурус аскариял.
17
22 август. Цхинвал. Жиндирго биххараб рукъалде тIад юссарай гьирияй.