12 февралалда, Сочиялъул Олимпиял хIаязул щуабилеб къоялда байбихьана бихьиназул хоккеялъул цереккунисел хIаял.
Сочиялъул Олимпиада, щуабилеб къо
1
Роза Хутор абураб бакIалда бугеб Сочиялъул Альпазул централда унел магIардаса гъоркье хъештIеялъул руччабазул къецалда гIахьаллъулей Швейцариялдаса Доменик Гисин. Меседил медаль гьелдаго цадахъ щвана Словениялдаса Тина Мазееги.
2
Роза Хутор абураб бакIалда бугеб Сочиялъул Альпазул централда унел магIардаса гъоркье хъештIеялъул руччабазул къецалда бергьарай Тина Мазе.
3
МагIардаса гъоркье хъештIеялъул руччабазул къецалда бергьарал Доменик Гисин (Швейцария) ва Тина Мазе (Словения) шапакъатал кьолеб церемониялда.
4
Трамплиналдаса кIанцIиялъул къецазда гIахьаллъулев Германиялдаса Эрик Френцель.
5
"Русские горки" абураб лыжабазул хъештIерухъабазул кIанцIиялъул къецал унеб трамплин.
6
Норвегиялдаса Магнус Крог (цеве) гIахьллъулев вуго лыжабазда рекериялъул къецазда.
7
Подиумалда руго Олимпиадаялда шапакъатал щвала Германиялдаса Эрик Френцел (кIанцIарав), кIибилеб бакI щварав Япониялдаса Акито Ватабэ ( квагIиса) ва лъабабилев бакI щварав Норвегиялдаса Магнус Крог.
8
Россиялдаса лыжабазда кIанцIулей Александра Орлова тренировакабазда.
9
Руччабазул хоккей. Финляндиялдаса Ноора Ратица нахъ чIвалеб буго Швейцариялъул командаялъул шайба.
10
Руччабазул сноубордалъул къецазда гIахьаллъулей йиго Австралиялдаса Тора Брайт.