ЧІужугІадан борталда йигеб «Шэньчжоу-9» абураб космикияб гама орбитаялде биччана Китаялъ 16 марталда. Китаялъул тІоцеесей космонавтлъун яхъана 33 сонал барай Лю Ян. Гьелда цадахъ орбитаялде сапар бухьана кІиго космонавтас. Экипажалда цебе лъураб масъала буго, орбитаялда бугеб «Тянгунь-І» абураб модульгун цолъи ва гьенир гІелмиял экспериментал тІоритІи. Гьез орбитялда бахъизе буго 19 къо.
ЧІужугІадан ва космос
21
Пекиналда хасаб церемониялда китаялъул рагъулаб авиациялъул руччабазул кокъаялдасан тайконавтазул кандидатазул тІорцебесеб группаялъул презентация тІобитІана 2009 соналъул августалда.
22
Пилотал ва таконавтал хІадур гьариялъул мурадгун 200 000 школаялдасан І7 -20 соналъул гІелалъун 35 яс йищиялъул хІакъалъулъ лъазабуна китаялъул нухмалъиялъ.
23
Лю Ян ва гьелъул ва гьейгун цадахъ космосалде сапар бухьунел бихьинал «Тянгун-1» (Зобазул к1алг1а) абураб китаялъул модульгун цолъизесеб «Шеньжоу – 9» космикияб гамида рек1иналда цере. «Тянгун-1» орбитаялде бахъун бук1ана 2011 соналъул сентябралда.
24
2012 соналъул 12 июнь. Космодром «Цзюцюань». Лю Яница хас гьабун суртал рахъиялъе рет1ун буго скафандр.