Москваялда халат бахъунеб буго «Платон» системаялде дандечIарал къайи баччулел чIахIиял автомобилал рачунезул акция. Химки шагьаралда ва Каширское шоссеялда аскIор чIун руго гьел. Амма гьезда гьоркьобги дандеккунгутIаби лъугьунел ругила, гIадамазда чIалгIун бугила гьеб кинабго, амма жеги гьеб протесталъул акция чIезе теялда гьечIин гьелилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналдаса гьеб тадбиралъул гIахьалчи ХIажиев Мурадица.