Россиялъул статистикияб идараялъул бетIер Александр Суриновас гьал къоязда гьарун руго 2010 соналда гьабун букIараб халкъалъул хъвай-хъвагIаялъул (переписалъул) иргадулал гьоркьохъел хIасилал.
Гьезда рекъон, Россиялда гIумру гьабулел гIурусазде ва цоги миллатазде дандеккун Шималияб Кавказалъул регионазда гIумру гьабулел халкъал кколел руго дагь цIалулел, цIикIкIун пачалихъалъул пособиял росулел ва гIемер лъимал гьарулел халкъаллъун.