Анкьил тIаса рищарал суратал.Февраль, 4-10
1
Апгъанистаналъул чIужугIадан хIадурлъулей йиго ретIелалъул цо-цо цIиял моделял Кабулалда модаялъул табиралда рихьизаризе. (Reuters / Omar Sobhani)
2
ГIурхъаби цIунулез хъаравуллъи гьабулеб буго Украиналъулгун Румыниялъул гIурхъида. (AFP / Александр Зобин)
3
Сириялъул чIужугIадан жиндирго васгун кодов Алеппо шагьаралде хIукуматалъул аскарияз гIарада бан хадуб. (AFP / Aamir Qureshi)
4
Тибилисиялда бугеб Миллияб библиотекаялда цебе багъарараб тунка-гIусси. Нус-нус чи чIун вукIана Гуржистаналъул президентасде данде, гьес жиндирго санайил ахирисеб хитIаб гьабизегIан. (Reuters / David Mdzinarishvili)
5
Польшаялъул гIолохъанай чIужугIадан Варшаваялда гIазу бараб къоялъ. (AFP)
6
Бишкекалъул сверухълъиялда бугеб Ак-Ордо абулеб бакIалда рукIа-рахъин гьабулей Хъыргъызстаналъул чIужу-гIадан. (AFP)
7
Франциялъул рагъулаб автоколонна Малиялъул Гао абулеб бакIалдехун багъарулеб мехалда. (AFP)
8
Китаялъул моцIрол календаралъул къагIидаялъ 10 февралалда цIияб сон бачIинегIан Шаньдун вилаяталда бугеб базаралда босарулел гIадамал. (AFP).
9
Украиналъул тахшагьар Киев. Дугъ эхеде борхарай чIужу-гIадан релъарай йиго импрессионистазул суратазда ругезда. (Reuters)
10
Цолъарал Штатазул ЦIех-Рех гьабулеб Централияб Идараялъул бетIерасул хъулухъалде вихьизавурав Джон Бреннан Сенаталъул данделъиялда жиндирго кандидатура къабул гьабизегIан. (AFP)