Анкьил тIаса рищарал суратал.Февраль, 4-10
11
Ираналъул Гьавадул Рагъулал къуватазул бутIруз аятоллагь ГIали Хаменеил хIурмат гьабулеб буго Тегераналда букIараб данделъиялда. (AFP / Хаменеил официалияб сайталдаса босараб сурат)
12
ЦІоросоролъ бакIарулел Пакистаналъул Лахор вилаяталъул гIадамал. (Reuters / Mohsin Raza)
13
Сириялъул тахшагьар Димишкъиялъул Замалка абулеб бакI хIукуматалъул аскарияз гьабураб гьужумалдаса. (Reuters)
14
Хасалил цІорораб къоялъ Кабулалда пунцIераби ричулел апгъанистаналъул вас. (AFP)
15
Пакистаналъул мугIрул нухалда юк бачунел автомобилал.
16
Тунисалда оппозиционияв цевехъан Шокри Белаид чIван хадусала багъарараб разилъи гьечIолъиялъул демонстрациялда полициялъ магIу чвахьизабулеб газ хIалтIизабуна. (AFP)
17
Казахстаналъул Алматы шагьаралда маккал кваназарулев вас. (Reuters / Shamil Zhumatov)
18
Кашмиралда бугеб Дал абулеб хIор. (Reuters)
19
Ганг, Ямуни ва Сарасвати абулел гIорал цолъулеб ва индусаз хирияблъун рикIкIунеб бакIалда 100 миллион гIанасев чияс какичури гьабулеб буго жидерго динияб байрам къоялъ. (AFP / Sanjay Kanojia)
20
Венесуэлаялъул аскарияз Уго Чавесил суратгун кодор кIодо гьабулеб буго I992 соналда пачалихъияб хиса свери гьабуралдаса иргадулаб лагIел тIубай. Хасго доб соналда Уго Чавес вачIун вугоан хIакимлъуде президент Карлос Андреас Перес тIаса рехун. (AFP / Leo Ramirez)