36 лъимералъул эмен
54 сон барав пакистанияв Гулзарханил лъабго лъади йиго ва буго гьесул 36 лъимер. Амма гьесие бокьилаан жеги чанго лъимер. Лъабабго лъадуца инкар гьабулеб буго, ва Гулзарханил хиял буго ункъабилеб лъади ячине.