Москваялда чIвараб лъимералъул бетIергун кодоб хьвадулей чIужу-гIадан
Россиялъул информалатаз бихьизабулеб буго мобилияб телефоналдалъун бахъараб видео. Лъимер чIварай чIужу-гIадан гьелъул къотIараб бетIер борхизабун, «Октябрьское поле» метроялъул станциялда аскIой хьвадулаан "Аллагьу Акбар", - ян ахIулаго.Полициялъ гьей ккуна.ЦIех-Рех гьабулеб идараялъул Москваялъул бутIаялул вакил Юлия Ивановалъ лъазабуна, 39 сон барай гьей чIужу-гIадан кколин Узбекистаналдаса гьение ячIарай Гюльчехра Бобокулова. Гьей йикIун йиго гьев чIварав лъимер хьихьулей гIаданлъун. Лъимералъул улбул рукъоса къватIире унеб мехалъ гьелъ лъимер чIван, рукъ бухIизабуна. Унеб буго гьеб такъсиралъул цIех-рех.(UGC via Reuters)